МКОК «Межпоселенческая централизованная библиотечная система» Администрации Мо «Бежтинский участок»
Образование · 19 июня 2026 г.
Россиялъул бахӏарчи — 19 июня 2026 г. в 06:21:45.088
Россиялъул бахӏарчи Хашархотӏаса Гӏиса Гӏабдулхӏалимовасде🎖 Дагъистан дур зодиб гвангъана цойги Цоги цlар рагlараб меседилаб цӏва. Цӏвабзазда гъорлъеги кунчӏана цӀияб, Щугӏаркьелаб хассаб нуралъул кунчӏи. Гӏурччинаб харилъе тӀогьол квацӏилъун, Героязда гъорлъе хъвана дурги цӀар. «Гӏисайилан» — чlухlун тlолго гlаламалъ, Бахӏарчиясул цӀар такрар гьабизе. Цӏадлъун гула балеб гlассияб рагъда, Чӏел босун вагъана ватӀан цӏунизе. Хlинкъичlо, нахъ къачlо тушманасдаса, Дур бахӏарчилъиялъ мисал кьун гуреб. Бидурихь гьалулеб гӀанчӀаб гlужалда, Зулмучагӏи хӏащулъ регизаруна. Мелитополь, Бердянск эркен гьабизе, Гьужумалъ тӀаде ун гъурана боял. Хашархотӏа гӏурав рагъул солдатас, МагӀарул росдал цӀар рагӏизабуна. Дагъистан, цогиги дур бахlарчияс, Гулие керен кьун борхана байрахъ. Донбасалъул шагьар эркен гьабизе, Штурмгун тlаде кӀанцӏун кверде босана. ГӀодоб тӏураб биялъ гьелъул къватӏазда Бидул кьералъ дунял белъинабуна. Ралъдал полкалдаса десантникасе, Такъсирчагӏи гъури бигьа букӏинчӏо. Ахираб гулла щун бахъун тана рухӏ Мариупол, Роботино, Крынкаялда. Чан магӀаруласул бахъун араб рухӏ, Рагъул кьогӏлъи чӀамун чӏел босулаго. Чан пакъир вукъарав ракьул чохьонив, Балагьун улбул тун, лъимал, вацал тун. Кьогӏал хабараца лъукъарал ракӏал, Рокьулел щиназул, гӏагарлъиялъул. Гӏумруялъул ахир гьенибго батун Тӏурачӏел анищал ракьалда тарал. Дуца абадиялъ дунял таниги, Героясул цӏаруй хвел букӀунаро. Хабал агьлуялъув вукъун таниги, Гӏасрабаз хутӏила цӀарги гьунарги. Гӏун бачӀунеб гӀелалъ мисал босила, Дур борхалъиялъул къиса рагӀидал. Цӏвабзазда гъорлъеги машгьурав дуе, Дагъистан, Россиялъ къулила бетӏер. Гьареги улбуца гьединал васал, Улкаги чӀухӀизе, кьибил бохизе. Чӏарбида лъуниги зоноде къулун, Дуе алхӏам цӏалун рорхила кверал. Алжан кьун вохаяв Бабал берзул нур, Берал къанщун тана бакъулаб дунял. Къадар Тӏадегӏанас гьедин хъваниги, Героязул цӏарулъ вукӀина чӀаго. Бежтӏадерил тӀалъи, тӀолго жамагӀат, Дур бицен цlунизе хӏадурал руго. РакӀ бекун хутӀарал Эбел -Инсуе, Сабруги, сахлъиги кьеги Аллагьас авт: ХӀайбула ГӀабдулаев Гъарбулъ росу 18. 06.2026 с.

