🏫Жакъа кӏиго цӏияб школа рагьана ихдал тӏабигӏияб балагьалъ зарал гьабурал Цӏияб Цӏили...
🏫Жакъа кӏиго цӏияб школа рагьана ихдал тӏабигӏияб балагьалъ зарал гьабурал Цӏияб Цӏиликь ва Гӏадилотар росабалъ Ихдал чвахунцӏадаздаса хадуб лъеца гъанкъун, чӏунтарал школал цӏи гьаруна ва хӏажатабщиналдалъун хьезаруна. ЦӀияб Цӏиликь (Гумбет районалъул хъутан) ва Гӏадилотаралда цӏиял школал рагьиялъул рохалилаб тадбиралда гӀахьаллъана ДРялъул бетӀерасул ишал тӀуралев Фёдор Щукин, ХӀукуматалъул нухмалъулев МухӀамад Рамазанов, Гумбет районалъул бетӀер Гъалип Гъалипов ва цогидалги.