ХIАЖАТ БУГО КУМЕК:
ХIАЖАТ БУГО КУМЕК: Унсоколо районалъул Гьаракlуни росулъ чвахунцlадаз кlудияб зарал гьабуна «Хlакъикъат» газеталъул хlалтlухъаби щвана Гьаракlуни росулъе, гьениб бугеб ахlвал-хlалалъул халгьабизе ва кумек хlажат бугищали цlехезе. Къварилъи нилъеда гьикъун бачlунарин абула. Гьикъичlого бачlараб балагьалъ, ракlунтун буго гьерекlдерил жамагlат. Руго гьезда гьоркьор, чвахунцlадаз мина-рукъги чlунтизабун, жанибе бетlер бегьизе тlокlаб бакl гьечlел руччабиги, кумекалъе нахъа кверчlвазе чи гьечlел харабиги. Тlоцересел къояздаго «Инсан» гурхlел-рахlмуялъул фондалде гlарацги бакlарун районцояз квербакъулеб букlана къварилъи ккаразе. Гьале, гьанжеги чвахунцlадал рани, «лъабабилеб карачелалъ» жеги цlикlкlун зарал гьабилинги хlинкъун руго росдал гlадамал. Нилъеда бажарараб кумек гьабизе гьаниб кьолеб буго «Инсан» фондалъул районалда бугеб отделениялъул номер: +7 928 533-99-36 (Зубаир)