Директор Г1айишатие — 9 мая 2026 г. в 12:15:22.471
Директор Г1айишатие Г1айишат дуй баркала, байбихьиялъухъ лъик1аб Лъимал разилъиялъе, бахъулеб жигаралъухъ. Жакъа дирго беразда бихьана дур х1аракат. Х1алк1олес гьеб кинабго, кирилъун хъвайги дуе. Дуде щвезег1ан щибго т1алабго гьабич1ого Беч1ч1араб г1ака г1адин бук1ун буго гьаб Мактаб. Тамаша щаялиго дунгогицин нечана Чабахни азбаралде бач1еб ишк1олалдаса. Сахлъи кьеги Аллагьас, сахаб ищ гьабулезе Гьелъ бицуна щивали, щивав чи дунялалда. Дие асар гьабуна, азбаралда хъил т1еялъ Т1олалго лъималазул разиял гьумераца. Цох1о дир киссинибе, кинабго-ян х1алт1арал Ричай нечезе жалго, жакъа духъги ралагьун Гьедиг1анго бугилан, бук1инч1о ккун рак1алда Рокьи маг1ишаталде маг1арухъ росабалъги. Шидиса Садрудин

