Хуштада росдал школалъул учитель МухIамад ХIанапов лъаларев чи районалда къанагIатги ва... — 6 апреля 2026 г. в 07:31:08.250
Хуштада росдал школалъул учитель МухIамад ХIанапов лъаларев чи районалда къанагIатги ватиларо. Жигараб гIахьаллъи букIуна гьесул районалъул жамгIияб гIумруялъулъ. Гьев ккола районалъул Собраниялъул депутат, районалъул ветераназул Советалъул председатель, фермер, лъикIав гIуцIарухъан. МухIамадица нухмалъи гьабизе байбихьаралдаса лъикIаланго хисана районалъул ветераназул Советалъул хIалтIи. Гьесул жигарчилъиялдалъун гьаб ахираб кIиго соналъ райцентралда тIоритIанат ветераназда гьоркьор волейболалъул къецал ва цогидалги спортивиял тадбирал. Жигараб х1алт1и гьабула МухIамадица росулъ лъималазе патриотикиябгун рагъулаб тарбия кьеялъулъги. Сонайил гIахьаллъула гьесул цIалдохъаби республикаялда тIоритIулел физкультураялъул олимпиадабазда. Дагьаб цебе МахIачхъалаялда тIоритIараб физкультураялъул олимпиадаялда кIиго тIоцебесеб ва цо призалъулаб бакI ккуна Хуштада росдал гьоркьохъеб школалъул цIалдохъабаз. 11 классалъул цIалдохъан МухIамад ЖахIпаровас ва 9 классалъул ц1алдохъан Ибрагьим ХIажиевас ккуна тIоцебесеб бакI, гьединго призерлъун вахъана 9 классалъул цIалдохъан Абакаров Халид. Гьеб ккола МухIамад ХIанаповасул свак гьечIеб хIалтIул хIасил. ПатIимат МуртазагIалиева, районалъул лъайкьеялъул управлениялъул методист.

