📚30 абилеб апрелалда Гъуниб районалъул централияб библиотекаялде данделъун рукIана маг... — 2 мая 2026 г. в 05:23:03.322
📚30 абилеб апрелалда Гъуниб районалъул централияб библиотекаялде данделъун рукIана магIарул шагIир, публицист, учитель, насихIатчи, КIуядаса МухIамад ХIасановасул творчествоялъул бицунеб гъасде Авар адабияталъул унго-унгояб байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъаби, Гъуниб районалъул школазул учительзаби, шагIирзаби ва адабият бокьулел шагIирасул росуцоял, районцоял, къаламцоял, пишацоял, хъизан-лъимал, гIага-божарал. Дандеруссиналда рикIкIана, цIалана М. ХIасановасул асарал. Байрамалъул хIурматиял гьалбадерида гьоркьор рукIана профессор, филологиял гIелмабазул доктор МухIамад Ибрагьимович, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъул аваразул секциялъул нухмалъулев Хlамзат Гlизудинов, Дагъистаналъул мустахIикъав артист ХIамзалав ХIамзалoв, Гъуниб районалъул ЦДОялъул жавабияв хIалтIухъан, Россиялдаго машгьурав гид МуртазагIали МухIамадов, Шамил районалдаса учитель ва шагIир ХIажи АхIмадов, нашидал ахlулев Мухlамад Гъазимухlамадов, МухIамад ГIумаров ва цогидал. Тадбир нухда бачана районалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Рамазан ГъазимухIамадовас. Гьес гIатIидго бицана М. ХIасановасул творчествоялъулаб гIумруялъул хIакъалъулъ. Тадбиралъе тIаде босун гIуцIарухъанлъи гьабуна Гъуниб районалъул централияб библиотекаялъул директор Аминат МуртазагIалиевалъ.

