📚30 абилеб апрелалда Гъуниб районалъул централияб библиотекаялде данделъун рукIана магIарул шагIир, публицист, учитель, насихIатчи, КIуядаса МухIамад ХIасановасул творчествоялъул бицунеб гъасде
Авар адабияталъул унго-унгояб байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъаби, Гъуниб районалъул школазул учительзаби, шагIирзаби ва адабият бокьулел шагIирасул росуцоял, районцоял, къаламцоял, пишацоял, хъизан-лъимал, гIага-божарал.
Дандеруссиналда рикIкIана, цIалана М. ХIасановасул асарал. Байрамалъул хIурматиял гьалбадерида гьоркьор рукIана профессор, филологиял гIелмабазул доктор МухIамад Ибрагьимович, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъул аваразул секциялъул нухмалъулев Хlамзат Гlизудинов, Дагъистаналъул мустахIикъав артист ХIамзалав ХIамзалoв, Гъ…