Ч1АХЪАГИ МУН,СТАТУС!!! — 9 июня 2026 г. в 05:34:37
Ч1АХЪАГИ МУН,СТАТУС!!! Х1ал ч1ахъаяб статус, Г1адамазул рек1ел ц1ер. Ц1ализе хъваращинаб Жиделъ г1олареб агьлу. Жах1да -х1усуд,рек1ел х1ал Гьикъич1ого гьурщулеб, Г1акълудулъ мукъсанаца Малъа-хъваял кьолеб гьин. Кьо,хъещт1он бахъулеца Лъедезе чи малълъулеб, Лъурдул бег1ерал бачаз Бугъие х1инкъи кьолеб. Х1ал бергьун чи ц1одораб, Чидае дарсал кьолеб, Диналъ гьукъаращинаб Гьарзаго жаниб бугеб. Жидей рецц х1ажатаца Рекламаби гьарулеб, Рак1 чучун чи какизе, Гъаримазе рес кьураб Х1ал ч1ахъаяб статус, Ч1аме,кванай чияр гьан, Чи гьеч1еб рукъ къач1азе, Къуркьич1ого х1алт1е, мун. Г1.Асх1абов.
328 просмотров