ГӀадат буго билълъун — 23 июня 2026 г. в 13:29:26
ГӀадат буго билълъун ШагӀирзабазул Шагьараздаги чӀун Росу_ракь бецци Рекьул хурир унеб Нухцин кӏочараз Цоцахъаги бахъун МагӀишат бецци Рецул сагаялда Гул гӏуцӏуларес Рагӏаби сокӏкӏунел ГӀорол багьаял Булагьенгун лолен Щибан кӏочарас Кӏудаб гӏайиб бугъи Лал бачӀогоян РачӀен бакӀаризе Хурив унарес Харбил гвендал ралеб Городалдаса ТӀощел тӀанцӀагьине КӀерело кквечӀез КӀалзул калам унго чӀвантӀун толеб куц Гьабихъ иргаги ккун Мугь ххеноларез Ханждал гьирал гӀадал Гапал риччалел Къвалакь кӀуриги ккун Корохъ ин тараз Кинаб гӀаламатго Мучари бецци Костюмалги ретӀун Мангиялдаса МагӀарухъе гьусси Гьаб щиб гӀаламат Къавулъ газа гьечӀез Галастукги бан Рухъуде халкъ ахӀи ХӀикмалъи гурищ Гъежда эргъахъ лъезе Рехъен гьечӏелаз Гӏиял шашликӏалъе Кьун толеб къимат Галина баланка Бульон гьекъолес Гьагӏдал татуялъул Толеб куц бицун Милки вейги кванан Завтрак гьабулес Зулму кколаребищ Урба нах бецци Соевый колбасгун Майнез чӏикӏулес Мохмох бецци буго Биччӏулареб жо Заводалъул булка Къойил кунесда Корохъ чӏвараб чадил Махӏ чӏвай тамаша Тамахаб бусалъан Асаралги хъван Азий бугеб бокьун Росаби цӏилъи Цӏи-цӏияб босизе Базар къотӏнобе Къойил магӏарухъа Нигӏматал щвезе Щибгурин гьабилеб Гьабуге гӏайиб Гьадинабго бугин Дирги къагӏида Цебе рехсанщинаб Щибго гуреб жо Цо-цо роллтон кьолой Вакъун вугин дун С.М